род авар калам

РАБОЧАЯ ПРОГРАММА
по предмету
«Родная литература» для 2 класса.
Состовитель :Билитханова Замира Магомедпашаевна

Программаялъул баян
Жакъасеб школалда тIадаб борч ккола гIун бачIунеб гIелалъе гъваридаб ва щулияб гIелмияб лъай
кьей, гьеб жидер практикаялъулъ хIалтIизабизе ругьун гьари, дунялалдехун материалистияб бербалагьи
лъугьинаби. Гьеб масъала гIумруялде бахъинабиялъулъ кIудияб бакI ккола рахьдал мацIалъ.
Миллиял школазда рахьдал мацI малъиялъул аслияб мурад буго бацIцIадаб литературияб мацIалда
жидерго пикру эркенго загьир гьабизе цIалдохъаби ругьун гьари (бицунги, хъванги), мацI борцин
гьабулеб алаталдаса пайда боси, миллияб художествияб ва гIелмияб литература цIали ва бичIчIи.
Байбихьул классазда рахьдал мацI малъиялъул аслияб масъалалъун буго цIалдохъаби битIун бичIчIун
тIехь цIализе, берцинго хъвазе, бацIцIадаб литературияб мацIалъ кIалъазе, гаргадизе ругьун гьари.
Гьелъул мурадалда гIуцIараб буго байбихьул классазе хIисаб гьабураб гьаб программаги. Программаялда
гъорлъе уна цоцазда рухьарал , амма жалго жидедаго чIарал гьадинал бутIаби:
1). Хъвай-цIали малъи, класстун къватIисеб цIали ва калам цебетIезаби;
2). ЦIали классалдаги класстун къватIисеб цIали ва калам цебетIезаби;
3). Фонетика, грамматика, битIунхъвай ва калам цебетIезаби.

ЦIикIкIун кIвар кьезе ккола калам цебетIезабиялде, ай авар мацIалъул дарсида мугIалимасулги
лъималазулги пикру буссине ккола гIемер хIалтIизарулел рагIаби лъазариялде, гьелги гьоркьоре
ккезарун, предложениял гIуцIизе, предложенияздаса хабар хурхине ругьунлъиялде (бицунги, хъванги).
Гьеб масъала тIубаялъ рес кьола бицунебги цIалулебги асаралъул аслияб магIна босизе рахьдал мацIалда
босизе пикру гьабизе ва гIенеккаразда бичIчIулеб куцалда кIалъазе. Лъималазул калам цебетIезабиялда
цадахъ байбихьул классазда авар мацI лъазабиялъ кумек гьабула гьал хадусел суалал тIуразе. КIиабилеб
классалда лъималаз гIисинал текстал захIматал рагIаби слогалккун цIалула. ЦIалул хехги тIоцебесеб
классалда данде ккун, цо минуталда жаниб 50-60 рагIуде бахина. К1иабилеб классалъул цIалдохъабаз
гIисинал харбал жидецаго цIализе байбихьула. Тексталда тIад гьабулеб хIалтIи дагьабги гъварид гьабула,
ай мугIалимасул кумекалдалъун. Ц1алдохъабаз ц1алараб жоялъул аслияб пикру загьир гьабула, героязе
къимат кьолел рагIаби ва предложениял рихьизарула. Лъималазул кIвар буссинабула каламалъул
культура борхизабиялде, рагIул нахърател бечед гьабиялде.

ЦIалиялъул рахъалъ цIалдохъабазул лъугьине
кколеб бажари. ЛъагIалил бащалъи.
ГъалатIал риччачIого, текстал дурун, чвахун цIализе. Минуталда жаниб 35-40 рагIи кколеб хехлъиялда
цIалдохъабаз лъай-хъвай гьабичIеб текст цIализе.
Л ъагIалил кIиабилеб бащалъи.
БитIун, чвахун, рагIаби, слогазде рикьичIого цIализе. Минуталда жаниб гIага-шагарго 50-60 рагIи бугеб
цIалдохъабаз лъай-хъвай гьабичIеб текст цIализе. Логикияб ударенияги лъун кколелъул лъалхъиги
гьабун, битIун, чвахун текст цIализе.

Тексталда тIад хIалтIи гьаби. Бухьараб калам.
МугIалимас бицараб жоялъул ва тIехьалдаса цIалараб тексталъул магIна босизе. ХIасилалда тIасан
кьурал суалазе къокъго жаваб кьезе. Малъарал ва жинцаго цIаларал гIисиналго асаразулъ рехсарал
лъугьа- бахъиназул тартиб ракIалда чIезабизе, героязул ишазе ва рагIабазе битIараб къимат кьезе.
Гара-чIвариялда гIахьаллъизе. Жинцаго суалал кьезе, малъарал асаразда тIасан лъурал суалазе къокъгоги
гIатIидгоги суалал кьезе.
Текст бутIабазде биххизе, гьезда цIарал лъезе, цIалараб жоялъул аслияб магIна загьир гьабизе
(мугIалимасул кумекалдалъун ).
МагIна гIагарал рагIаби данде кквезе; рагIул магIна баян гьабизе, цо-цо рагIабазул гIемер магIна букIин
лъазе; мугIалимасул кумекалдалъун тексталъул героязул, тIабигIаталъул, лъугьа-бахъиналъул
хIакъалъулъ бицунел рагIаби ва предложениял рихьизаризе. Практикияб къагIидаялъ маргьаби, харбал,
кучIдул ратIа гьаризе.
ЛъагIалида жаниб 7-8 кечI рекIехъе лъазабизе.
ЦIали ва калам цебетIезаби
(анкьида жаниб 1сагIат кинабниги 34сагIат).

ЦIАЛУЛ ТЕМАТИКА.
Рии ракIалде щвезаби.
Риидал магIарул тIабигIаталъул бицунел харбал ва кучIдул. ЧIахIиял гIадамаз ва лъималаз гьарулел пайдаял хIалтIабазул бицунел асарал.
Меседилаб хасалихълъи.
Хасалихъ тIабигIаталъул ва гьеб цIуниялъул, бачIин бакIариялъул ва ахакь, хурзабахъ гьарулел хIалтIабазул хIакъалъулъ къокъал, пасихIал
харбал ва кучIдул. ТIабигIаталде экскурсия.
Х1анч1иги х1айваналги-- нилъер гьудулзаби.

ХIайваназул ва хIанчIазул хIакъалъулъ кучIдул, харбал, маргьби ва бицанкIаби. Гьел цIуниялда ва гьезул гIумруялда, батIербахъиялда тIасан
гара-чIвари. Эркенаб захIмат-нигIматазул ицц. ЗахIматалъул, батIи-батIияб махщалил, гьединго лъималазул гIумруялъул ва пайдаял ишазул
хIакъалъулъ асарал. Лъималазул рукIа-рахъиналда, хьвада-чIвадиялда тIасан гара-чIвари.
Лъималазул гIумру ва гьезул ишал.
Лъималазул гIумруялъул ва ишазул хIакъалъулъ харбал, кучIдул, кицаби ва абиял. Лъималаз цоцазе ва чIахIиязе гьабулеб кумекалда тIасан
гара-чIвари.
Хасел — лъималазе рохел.
Хасалил гIаламатазул, цIияб соналде гьабулеб хIадурлъиялъул, хасало лъималаз гьарулел расандабазул, хIайваназ ва хIанчIаз хасел тIамулеб
куцалъул бицунел асарал. Хасалил тIабигIаталде экскурсия.
Хъизан ва школа.
Хъизаналъул ва школалъул, кIудиязулги гIисиназулги цоцадехун букIине кколеб гьоркьоблъиялъул хIакъалъулъ кучIдул ва харбал.
ЛъикIлъи, хIалимлъи, хIурмат.
ГIадамазул лъикIабги квешабги хьвада-чIвадиялъул, цоцазе гьабулеб хIурматалъул, яхI-намус бугел унго-унгоял гIадамазул хIакъалъулъ
харбал ва кучIдул.
Халкъияб кIалзул гьунаралъул асарал.
КIиабилеб классалъул цIалдохъабазе мустахIикъал захIматалъул, хIайваназул, гIажаибал лъугьа-бахъиназул, лъикIлъи — квешлъиялъул
бицунел халкъиял маргьаби, кучIдул, кицаби, абиял ва бицанкIаби.
Т1абиг1ат берцинаб их.
Ихдалил тIабигIаталъул, гьелъул берцинлъиялъул, хIайваназул гIумруялъул, хурзабахъ ва ахакь гьарулел хIалтIабазул, лъималаз гьарулел расандабазул
хIакъалъулъ харбал ва кучIдул. Ихдалил байрамазул бицунел асарал (8 Март, оцбай ва гь.ц.) Ихдалил тIабигIаталде экскурсия .

Росу.
Росдал тIабигIаталъул, гIадамазул гIумруялъул, гьез гьарулел хIалтIабазул, гIухьбузул, рекьарухъабазул, ахихъабазул хIакъалъулъ асарал.
Нилъер ВатIан.
ВатIаналъул, шагьаразул ва росабазул, гьаваялда, ралъдада ва ракъдада бахIарчилъи бихьизабурал Дагъистаналъул бахIарзазул хIакъалъулъ кучIдул ва
харбал. Экскурсия «Нилъер росу», «Нилъер район ».

№

Месяцы

Количество
часов

1 четверть — 7 ч.
1.

сентябрь

3 ч.

2.

октябрь

4 ч.

2 четверть — 7 ч.
3.

ноябрь

3 ч.

4.

декабрь

4 ч.

3 четверть — 10 ч.
5.

январь

3 ч.

6.

февраль

4 ч.

7.

март

3 ч.

4 четверть — 9 ч.
8.

апрель

5 ч.

9.

май

4 ч.

10.

Всего

33ч.

КАЛЕНДАРНО – ТЕМАТИЧЕСКОЕ ПЛАНИРОВАНИЕ ПО РОДНОМУ ЯЗЫКУ
( АВАР КАЛАМ )

Во 2 КЛАССЕ( 33 ч.)

№

САГ1АТ
(К.
ЧАСОВ)

ДАРСИЛ
ТЕМА

РОКЪОБЕ Х1АЛТ1И

СЛОВАРИЯБ Х1АЛТ1И

ДАТА

Умумул,
улбул,Гъазимух1амад,
Х1амзат,назмучаг1и,
кьолбол вас.

4.09

1 ЧЕТВЕРТЬ - 7 с

РИИ РАК1АЛДЕ ЩВЕЗАБЕ - 2 С
1.

2.

М. Г1умаров.
Кеч1 «Малъе, эбел, рахьдал мац1 !»

Гьумер 4

1

Хабар «Каникулазда»
1

Халкъияб кеч1 «Ц1ад»

Кеч1 пасих1го ц1ализе
Гьум.6
Хабар ц1ализе
Кеч1 рек1ехъе лъазабизе

Г1алах,ч1аразе.
Чабах,гомог,мочу,
х1алкьезе

11.09

МЕСЕДИЛ ХАСАЛИХЪЛЪИ – 3 С
3.
4.

З.Х1ажиев
Кеч1 «Хасалихълъи.»
Х1. Гъазимирзаев.
Кеч1 «Дие бокьула» хасалихълъи.

1
1

Гьумер 12
Кеч1 рек1ехъе
лъазабизе

КБ

Гьумер 14
Кеч1 пасих1го ц1ализе

Х1алухъен,пуд,хьиндал

25.09

2.10

5.

Р. Х1амзатов.
Кеч1 «Хаслихълъи»

Гьумер 17 – 18,

1
Гьумер 18 - 19

Хабар «Бук1араб ц1акъаб заман.

Беч1азе,г1идра,гьарзаяб,
бакъан

9.10

Квачай – хинлъи,тирха –
хочизе,чарлъизе

Х1АНЧ1ИГИ Х1АЙВАНАЛГИ - НИЛЪЕР ГЬУДУЛЗАБИ – 3 С
6.

З. Х1ажиев Кеч1 «Тайи».
1

7.

Маргьа «Хъазги церги»

Гьумер 25
Хехго ц1ализе
Гьумер 26 – 27 Х1асил бицине

1

Гъуц1арал,рат1а,хъан
дарач1,жайран,г1уро,
басандо
Хиял,букъа –
буц1изе,хъублъи
гьеч1еб,г1ад гьабизе

16.10

23.10

2 ЧЕТВЕРТЬ – 7 с
8.

Хабар «Руз»
1

Гьумер 28 - 29
Х1асил бицине

Руз,канаб,бугьтан,
нек1о

13.11

ЗАХ1МАТ Г1УМРУЯЛЪУЛ КЬУЧ1 – 5С
9.

Г1.Мух1амад Кеч1 «Чед.»

10. Х1.Гъазимирзаев
Хабар «Воре, чед г1одобе рехуге»

11

Х1. Гъазимирзоев.
Бицен «Наги т1ут1ги»

1

Гьумер 35
Кеч1 пасих1го ц1ализе

Чадикъаб,чияраб улка,
чадил макъар.

20.11

Бах1арч1иясул Ц1ва,

27.11

1

Гьумер 36- 37
Кицаби

1

Гьум..38-39

На,бачахъизе,хеч,къуж
най, к1к1ара.

4.12

ЛЪИМАЛАЗУЛ Г1УМРУ ВА ГЬЕЗУЛ ИШАЛ - 3С
12. Ц1адаса Х1амзат
Кеч1 «Ц1алдохъан»

1

13. Халкъияб кеч1
«Дада ч1ахъаяй»

1

14. Ш.Къадиева Хабар «Марад
х1инкъуч гуро»

1

Гьумер 51 – 52
Кеч1 рек1ехъе лъазабизе
Гьумер 61
Кеч1 берцинго ц1ализе ва
рек1ехъе лъазабизе
Гьумер 61 – 63

11.12
Дардаманалъул
бика,Хайдакъалъул
баг1арг1еч,х1ет,сурмияб.
Доктор,сода,хулизе,танкиз
е, бец1ц1изебагьизе,
пахру,х1т1.

18.12
25.12

ХАСЕЛ ЛЪИМАЛАЗУЛ РОХЕЛ - 3 С
3 ЧЕТВЕРТЬ – 10 с
15. Р.Х1амхатов Кеч1 «Хасел»

16.

З.Х1ажиев
Кеч1 «Ц1ияб сон»

Гьумер 67
Кеч1 пасих1го ц1ализе

1

1

Рагьдухъ,г1исинккун,г1иц1ал
,гъине,квелъ,
юргъачу,г1адлу,илълъин,
г1анч1аб,х1асратаб

15.01

Хошгелди,Ц1оролдада,
накк1игъвет1,чвархъизе,к1т1
-к1ут1.гвангва.

22.01

Хъутан
Бицине
бицанк!о

29.01

ХЪИЗАН ВА ШКОЛА – 3С
17. Р. Х1амзатов.
Кеч1 «Дир дах1адада.»
Хабар «Унго- унгояв гьудул»

Гьумер 82 – 83

1

18. Г1.Шейхов
Кеч1 «Т1оцебе хъвалеб раг1и»

1

19. Хабар «Ц1алдохъанасде кагъат.»

Г1.Шейхов
Хабар «Щибаб жоялъе жиндижиндир бак1»

1

Гьумер 87 – 88
Кеч1 пасих1го ц1ализе

Гъоркьиса исана.

5.02

Гьумер 88 – 89

Летчик,алъдахъан,артист,
коллектив,агъаз гьабизе.

Гьумер 89 - 90

Щватаби дурусав
Бицине
бицанк!о

12.02

ХАЛКЪИЯБ К1АЛЗУЛ ГЬУНАРАЛЪУЛ АСАРАЛ – 2С
20. Бицанк1аби.Кицаби ва абиял.
1
Маргьа «Борхьилги царалги
къиса»

Гьум.95 -100
Кеч1
Бицине

Гьумер 102 - 103

21. Маргьа

«Х1анч1ил г1акълу.»
Маргьа
«Царал диван»

1
Гьумер 106 – 107

Габур, жемизе, хапун
кквезе,сали.

19.02

Дергело,давла,мукъур,
жавгьар,Бурт1инкилищ.
Гудур,к1ал гьикъизе,диван
гьабизе,диванчи,тамих1.

ЛЪИК1ЛЪИ, Х1АЛИМЛЪИ, Х1УРМАТ – 3С

26.02

22. Хабар « 8 Марта»

Гьум.110 - 111
Бицине

А.Майков
Кеч1 «Эбелги лъималги»

Къапей,
к1арчамлъизе,
алхине

5.03

1

23. М. Шамхалов

Хабар «Дида гуро абун бук1араб»

1

24. К.Расулов

Хабар «Цояв киназего
г1оло,киналго цоясе г1оло»

1

Гьум.111- 113
Бицине

Гьум.113 - 114
Бицине
Кици

Занк1анч1езе,
гезма,
бук1к1ине, суд.
Рак1 бакъвазе,инкар
гьабизе,
язихъ тезе,Рак1
къезе,изну,лъелъ,
милат гьабизе.

12.03

19.03

Т1АБИГ1АТ БЕРЦИНАБ ИХ - 3 с
4 ЧЕТВЕРТЬ – 9 с
25

Ф.Г1алиева
Хабар «Их бач1ана.»

Гьум.122

1

Кицабазул маг1на бицине

Гьумер 123

Худжал,ц1ик –
ц1икараб,ц1ва,г1рччин –
чараб,къат1ипа,лъутизе,
Партал.

Ц1абуц1ине,ихх,гарал,гьа

2.04

лдезе.

Н.Г1исаев Кеч1 «Их».

26 Х1.Гъазимирзаев

Хабар «Гъоркьан жага, т1асан
баг1ли»
27. Ф. Г1алиева.
Кеч1 «Г1ажаибаб гъвет1»

1

Гьумер 125 -126
Кицаби

г1ерекъ, бихх –
биххизе,ч1ор,лъут1.

Ц1ализе

Иц1и,саву,мих1и.

9.04

16.04

1

НИЛЪЕР ВАТ1АН - 3 С
28. Ц1. Х1амзат
Кеч1 «Ват1ан»

1

Гьумер 133
Рек1ехъе

23.04

1

Гьумер 133 – 134
Кеч1 пасих1го ц1ализе

30.04

30. Шамил имамасул васият.
Шамилил г1олохъанлъи.

1

Гьумер 134 - 137

31. Р.Х1амзатов «Дир ракь»

1

Гьумер 144
Кеч1 пасих1го ц1ализе

29. Р.Х1амзатов Кеч1 «Дагъистан.»

Генуб
росу,узденчи,бег,тухум,
тирияв,Ах1ул
гох1,хвалчен,ханжар,Рихь
уни,мутаг1ил,рахи.

7.05

14.05

РОСУ – 3С
32.

Н.Абих1асанов
Кеч1 «Маг1арул росу»

1

Гьумер 152
Илхъи,рехъен,беролеб

21.05

Кеч1 пасих1го ц1ализе
33.

34

З.Х1ажиев Хабар «Лъик1аб
х1алт1и»
Ц1алиялъул техника

1
Гьумер 153 – 154
1

,квербакъи,турбина,х1
алае рахъине.
28.05


Наверх
На сайте используются файлы cookie. Продолжая использование сайта, вы соглашаетесь на обработку своих персональных данных. Подробности об обработке ваших данных — в политике конфиденциальности.

ВНИМАНИЕ!

Срок действия лицензии на использования программного обеспечения окончен 31.03.2024.
Для получения информации с сайта свяжитесь с Администрацией образовательной организации по телефону 8(928)532-05-17

Функционал «Мастер заполнения» недоступен с мобильных устройств.
Пожалуйста, воспользуйтесь персональным компьютером для редактирования информации в «Мастере заполнения».